Avaric subtitles for clip: File:The Impact Of Wikipedia.webm

From Wikimedia Commons, the free media repository
Jump to navigation Jump to search
1
00:00:00,000 --> 00:00:05,000
Википедия гІарац гьабулеб сайт гьечІо, амма гьеб киналго сайтазда гьоркьоб 5-абилеб бакІалда буго. Википедиялда ругелщинал макъалаби хъван руго мун гІадинал чагІаз.

2
00:00:06,000 --> 00:00:11,500
Нежее бокьун буго гьезул цо-цоялгун нужер лъай-хъвай гьабизе...

3
00:00:12,000 --> 00:00:13,000
Дун вуго Непалалдасан

4
00:00:13,100 --> 00:00:14,000
Дун йиго ГІиракъалдасан

5
00:00:14,100 --> 00:00:16,000
Дун ячІана Индиялдасан

6
00:00:16,001 --> 00:00:17,000
Дун йиго Нью Джерсиялъул Байрамалдасан

7
00:00:17,100 --> 00:00:18,000
Дица гІумру гьабула Бирмигемалада, Англиялда

8
00:00:18,100 --> 00:00:22,050
Чикаго, Иллинойс -- Ла Пас, Боливия -- Найроби, Кения

9
00:00:22,051 --> 00:00:24,000
Куала Лумпур, Малайзия -- Милан Италиялда  --  Къилабияб Африка

10
00:00:24,100 --> 00:00:26,100
Польша --  Япония  -- Армения

11
00:00:26,200 --> 00:00:28,000
Бразилия -- Россия -- Ботсванна

12
00:00:28,001 --> 00:00:30,500
Израил -- Узбекистан -- Гонконг

13
00:00:30,501 --> 00:00:31,000
Истанбул -- Мексико

14
00:00:31,001 --> 00:00:32,000
Чаттануга, Теннесси

15
00:00:33,000 --> 00:00:38,000
Википедиялда жаний лъугьун, байбихьуда, 2008 соналъ дица хъвана гІезегІан макъалаби.

16
00:00:38,100 --> 00:00:44,000
Гьезда гьоркьосан цояб, дида ккола гьеб букІанилан Майрам Нур абурай гІаданалъул хІакъалъулъ. 

17
00:00:44,100 --> 00:00:48,000
ЦохІо макъала букІинчІо гьелъул хІакъалъулъ, гьединлъидал -- гьеб букІана дир тІоцебесеб макъала.

18
00:00:48,100 --> 00:00:52,500
Цо заманалдаса дие гьеб дица хъван букІараблъи кІочана!  Цо кІиго-лъабго соналдасан, 

19
00:00:52,600 --> 00:00:57,000
Дун гьеб макъалаялда тІад ккана.  Дун гІажаиблъун хутІана.  

20
00:00:57,100 --> 00:01:02,000
Нус азаралдасан цІцІикІун чияс цІалун буго гьеб.  

21
00:01:02,100 --> 00:01:08,000
Доз гьелдасан пайда босун буго, макъалаялдасан информация шун буго дозие.  Доз цІалун буго доб, 

22
00:01:08,100 --> 00:01:15,000
гьединлъидал дун ккола нус азар чиясе пайда гьабурай гІаданлъун.

23
00:01:15,500 --> 00:01:19,000
Дун цІакъ хІинкъун йикІана доцебе 'хисизабизе' абураб кнопка цураб мехалъ.  

24
00:01:19,100 --> 00:01:24,000
Дида ккана: “Вай Аллагь, дица гьаб сагІат гьаб кинабго жо хвезе гьабулин!
Хисизабизе данде ккезе батиларин!  Дихъасан гьеб бажаруларин!”-абун

25
00:01:24,100 --> 00:01:29,000
Википедия буго рагьараб, 'эркенаб баян' -- бокьарас жиндирго пикру гІуцІизе бегьула гьениб.

26
00:01:29,100 --> 00:01:34,000
Хадув, вачІула цояв, дуца хъвараб жеги мухІканаб лъугІизе гьес цодагьаб рекъезабула гьеб.

27
00:01:34,100 --> 00:01:40,500
Жиб-жиб къоялъ, жиб-жиб сагІаталъ, жиб-жиб минуталъ аза-азар чи вукІуна Википедия лъикІлъизабиялде тІад хІалтІула.

28
00:01:40,501 --> 00:01:44,000
ГІемерисел гьел рукІуна лъикІлъи гьабулел. Гьеб гІажаибаб нух буго лъІикІлъи гьабизе.

29
00:01:44,100 --> 00:01:49,000
Гьелъ профессионалал гурелги, гьадинго цо жоялъул хІакъалъулъ хъвадаризе бокьарал гІадатиял чагІиги ракІарула.

30
00:01:49,100 --> 00:01:54,000
Цо-цо цоцалазе данде кколарел пикраби ругел чагІицин цоцалъ журала.

31
00:01:54,001 --> 00:01:58,500
ГІемерисеб жо, нужеда ккезе бегьула, цо кІудияб интернет-корпорациялъ хІалтІизабулеб батилилан,

32
00:01:58,501 --> 00:02:01,000
амма, гьеб букІуна дунго гІадинал гІашикъаз гІуцІулеб жо.

33
00:02:01,100 --> 00:02:05,000
Дуца абизе батила: “Ле, гІенекке, дун битІарав вуго, мун мекъав вуго, гьабги дир макъала бугилан!”

34
00:02:05,100 --> 00:02:07,000
Амма цояс жиндие бокьараб щинаб хъвалеб бугони,

35
00:02:07,100 --> 00:02:11,000
цогидасе бихьула гьеб ва гІарз бахъула, кин бугонини, диегиха кІолеб дуда тІасан гІарз бахъизе.

36
00:02:11,000 --> 00:02:13,000
Нус-нус чи вукІуна дуца хъвалеб щинаб жоялда ххал ккун 

37
00:02:13,001 --> 00:02:15,000
ва гьеб рекъе-решезабулел.

38
00:02:15,001 --> 00:02:16,400
Цинги дица цула кнопка,

39
00:02:16,401 --> 00:02:19,600
Ай, лазат - гьеб мехалъ букІуна бищунго интерес.

51
00:02:19,601 --> 00:02:21,000
Дица байбихьана 'Вероятность'-абураб макъалаялдасан. 

40
00:02:21,001 --> 00:02:24,000
Бищунго тоцебе дица хъвараб макъала букІана 'Вероятность'.

41
00:02:24,001 --> 00:02:26,000
Дица Википедиялда хъварал макъалабаздасан аслияблъун рикІкІуна

42
00:02:26,001 --> 00:02:27,400
нусалъ гьарулел ругъназул хІакъалъулъ макъала.

43
00:02:27,401 --> 00:02:29,000
Дица хъвана тІутІаздалъун ччугІа кквеялъул хІакъалъулъ. 

44
00:02:29,001 --> 00:02:32,000
Монтаналъул тарих, Халкъаздагьоркьосеб паркалъул тарих, Йеллоустоун.

45
00:02:32,001 --> 00:02:36,100
Дагь хІалтІизурулел культурабазул. Шашкаби хІалезул. Биодиверситиялъул. 

46
00:02:36,101 --> 00:02:39,100
Рагъулаб тарихалъул мухъал. Армениялъул тарих. Румазул тарих.

47
00:02:39,101 --> 00:02:42,100
ДиванчагІазул ТІехь. РакІжубай. ГІумрухъваял. Футбол.

48
00:02:42,101 --> 00:02:45,901
Ирландия. Пенсильвания. Суртазул хІакъалъулъ.

49
00:02:45,901 --> 00:02:47,600
Pink Floyd. Бежа-белъиялъул, дие бокьула квен гьабизе.

50
00:02:47,601 --> 00:02:50,200
Ядернияб ярагъ ва радиация, 

51
00:02:50,201 --> 00:02:52,000
мугІрузул гІоразда каякинг.

52
00:02:52,201 --> 00:02:56,000
Гьениб бугеб щинанаб информация буго доба-гьаниб жуба-хъубан букІараб

53
00:02:56,001 --> 00:02:59,000
нижеца абуни, гьеб гІадлу-мизаналда гІуцІула.

54
00:02:59,100 --> 00:03:03,000
Нежеца гІадамазе эркенаб информация чІезабула

55
00:03:03,101 --> 00:03:07,000
жеде-жедер мацІазда, жиб-жиясе бичІуледухъ.

56
00:03:07,501 --> 00:03:11,000
Мискинав вукІа дов, бечедав вукІа, киназего пайда шола гьелдасан.

57
00:03:11,001 --> 00:03:16,000
ГІарац гьабулел сайтазул мотивалги тІалабалги батІиял рукІуна.

58
00:03:16,500 --> 00:03:22,000
Викимедиалъул Фондалъ лъиениги мухь кьоларо, амма дирги холароха цохІо гъуруш цин.

59
00:03:22,001 --> 00:03:25,500
Дир хІисабалда, цІакъ кІвар бугеб жо буго,

60
00:03:25,501 --> 00:03:30,500
Дица духъасан гІарац гьарулеб мехалъ, диего гьечІелъулха дица доб босулеб --

61
00:03:30,501 --> 00:03:36,000
Дица гІарац гьарулеб буго дицаги гІахьаллъи гьабулеб гІажаибаб Фондалъе.

62
00:03:36,501 --> 00:03:41,400
Дида ккола, Википедиялъ нелъее тІолго гІалам хисизабизе рес кьун бугин.

63
00:03:41,401 --> 00:03:48,000
Гьеб релъуна, дуца дуего метерисеб къоялда ва дур лъималазе ирс гьабиялда.

64
00:03:53,401 --> 00:03:57,000
Баркала Дуе!

65
00:04:00,000 --> 00:04:03,000
Гьаб видеоялда рехсарабщинаб жо буго Creative Commons Attribution-ShareAlike License v3.0 лицензиялда рекъон бугеб,(http://creativecommons.org/licenses/by-sa/3.0) цогидаб  рехсон батичІони. Гьаб видеоялъул атрибуция: Виктор Григас, Фонд Викимедиа.
Гьанир рехсарал бербалагьиял, пикраби руго гІицІго гьел загьир гьарурал гІадамазул, гьел гьечІо кинаб бугониги пуланав чи гІахьалаб гІуцІиялъул сиясатиял пикраби.
Дармиял магІлуматал ва Фонд Викимедиалъул ва цогидал гІуцІабазул логотипал Creative Commons лицензиялда гъорлъ унаро. Wikimedia-лъул магІлуматал ва логотипал, «Wikipedia» ва пазл-глобус рикІкІун, Фонд Викимедиалъул регистрация гьарурал дармиял магІлуматал ккола. ЦІикІкІун информация лъазе, гьарула, Trademark Policy абураб нижер гьумералда ракке,
http://www.wikimediafoundation.org/wiki/Trademark_Policy яги нижгун бухьен гьабе гьаб адресалда: trademarks@wikimedia.org.

66
00:04:03,000 --> 00:04:05,000
Гьаб видео тІибитІизабун буго Creative Commons лицензиялдалъун.

79
00:04:05,001 --> 00:04:09,000
Википедия бокьулиш? Гьедин батани, видео эркенго насху гьабизе бегьула, хиса-баси гьабе, цогидалгун рехсе.